Литературияб ц1али Программаялъе баян Программа х1адур гьабуна байбихьул школалда т1уразаризе х1исабалде росарал х1асилазулги, обществоялда чиясул хьвада-ч1вадиясул къаг1идабазда бухьараб концепциялъулги, Байбихьул школалъул лъай кьеялъул федералияб пачалихъияб стандарталъулги кьуч1алда. Литературияб ц1али байбихьул школалъул системаялда аслиял предметазул цояб ккола. Гьелъ рахьдал мац1алда ц1алиялъул махщел ва тексталда т1ад х1алт1иялъул бажари лъугьинабула, художествияб литература ц1алиялде интерес бижизабула ва лъимералъе рух1ияб ва эстетикияб тарбия кьезе, гьесул г1акълу цебет1езабизе квербакъула. Гьединго литературияб ц1алиялъул курс т1адегIанаб даражаялда лъазабиялъ рес кьола байбихьул классазул цогидал предметазда лъик1ал х1асилал рихьизаризе. Байбихьул школалъул литературияб ц1алиялъул курс буссун буго гьал хадусел мурадал т1уразариялде: - бич1ч1ун, бит1ун, чвахун ва пасих1го ц1ализе гъваридго лъазаби; бат1ибат1иял тайпабазул текстазда т1ад х1алт1изе бажаруледухъ, калам цебет1езаби; т1ехьалдехун ва ц1алиялдехун бугеб интерес щулалъизаби; ц1алиялъул даража борхизаби ва, жалго жидедаго ч1ун, асарал ц1алиялъулъги къваригIараб т1ехь т1аса бищиялъулъги х1албихьи бук1инаби; - художествиябгин творчествоялъулаб ва нахъг1унтIиялъулаб пагьмуги, художествиял асарал ц1алулаго, чидае рек1ел асар загьир гьабизе бугеб бажариги цебет1езаби; раг1удехун берцинаб (эстетикияб) балагьи лъугьинаби ва художествияб асар бич1ч1изе бажари; - художествиял асараздалъун байбихьул классазул ц1алдохъабазул рух1ияб х1албихьи бечелъизаби; рух1ияб асаралъул ва гьудуллъиялъулги, жавабчилъиялъулги, лъик1лъиялъулги, рит1ухълъиялъулги х1акъалъулъ бич1ч1иял куцай; Дагъистаналъул ва цогидал миллатазул культураялъул адаб-хъатир гьабизе ц1алдохъаби куцай. Байбихьул школалда предмет х1исабалда литературияб ц1алиялъ лъимал ц1ализариялъул гуребги, гьезие тарбия кьеялъулги масъалаби т1урала. Ц1алдохъабазул ригьалъе хасал, рух1ияб ва эстетикияб рахъалъ бечедал художествиял асараз ц1алдохъабазе к1удияб асар гьабула, гьел асараз квербакъула миллияб ва киналго г1адамазе, ай т1олабго инсанияталъе данде кколеб хасият куцазе. Литературияб ц1алиялъул дарсазда аслияб куцалъ к1вар кьола ц1ализе бугеб бажари лъугьинабиялде ва лъималазул калам цебет1езабиялде. Ц1алдохъабаз гъваридго лъазабула бич1ч1ун ва пасих1го ц1ализе, жалго жидедаго ч1ун, текстал ц1ализе; гьел ругьунлъула т1ехьалъул х1асил бич1ч1изе ва гьелдаса сверухъ бугеб т1абиг1аталъул х1акъалъулъ щвараб лъай г1ат1илъизабиялъе пайда босизе. Литературияб курс лъазабулаго, ц1алдохъабазул хурхен гьабиялъулаб культураялъул (маданияталъул) даража борхула: гьезул лъугьуна монолог ва диалог гIуцIизеги, жиндирго пикру загьир гьабизеги, бат1и-бат1иял текстазда т1ад х1алт1изеги, жалго жидедаго ч1ун, учебникалъул баян кьолеб аппараталдаса пайда босизеги, словаразулъ къвариг1араб информация балагьизеги бугеб бажари. Литературияб ц1алиялъул дарсазда ц1алдохъан ругьунлъула бит1ун, гъалат1ал риччач1ого, ц1ализе. Бит1ун, чвахун ц1ализе бажарулеб лъимералъе гьоркьоса къот1ич1ого т1ахьал ц1ализе рокьула, гьесда лъала текстал ц1алиялъул ва гьелгун х1алт1иялъул къаг1идаби, гьединго гьесда бажарула ц1аларал асаразул х1асил бичIчIизе, живго жиндаго ч1ун, жиндие къвариг1араб т1ехь т1аса бищизе ва гьелъие къимат кьезе. Литературияб ц1алиялъул курсалъ ц1алдохъабазул художествиял асарал ц1алиялде интерес бижизабула. Ц1алдохъаби ругьунлъула поэзиялъулаб раг1ул берцинлъи бич1ч1изе, раг1ул искусствоялъул сипат-сураталъе къимат кьезе. Къокъго абуни, «Литературияб ц1али» абураб предметалъ байбихьул классазда г1емерал, к1вар бугел масъалаби т1урала ва гьит1инаб лъимер гьоркьохъеб школалда лъик1 ц1алдезе х1адур гьабула. Курсалъул г1аммаб характеристика Ц1алул дарсал гьарула т1оцебесеб классалдаса байбихьун (х1арпал малъулеб заман лъуг1ун хадуб), гьоркьоса къот1ич1ого, ункъабилеб класс лъуг1изег1ан. Ц1ализе ругьун гьарулаго, мугъч1вай гьабула, т1оцебесеб классалда «Азбука» малъулаго, лъималазе щвараб лъаялдеги бажариялдеги. Ц1алул курс г1уц1ун буго маг1арулазул, г1урусазул ва дагъистаналъул цогидал миллатазул хъвадарухъабазул ва шаг1ирзабазул художествиял асараздасан. Гьединго ц1алул курсалъулъ кьун руго г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал асаралги. Художествиял ва г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал асарал дандекквеялъ квербакъула литературияб искусство жеги гъваридго бич1ч1изе. Литературияб ц1алиялъул х1асил программаялъулъ гьал хадусел бут1абазде бикьун буго: 1. Каламалъул тайпаби. Каламалъул культура; 2. Тексталда т1ад гьабулеб х1алт1ул тайпаби; 3. Художествияб асаралда т1ад х1алт1и; 4. Ц1ализе кколел асарал. Ц1алиялъул культура. Т1оцебесеб «Каламалъул тайпаби. Каламалъул культура» абураб бут1аялъулъ хъвазе ва ц1ализе, г1енеккизе ва гаргадизе бугеб бажариялде, ай каламалъул киналго тайпаби камиллъиялде к1вар буссинабун буго. Программаялъ т1алаб гьабулеб буго I–IV классазда щибаб ц1алул дарсазда бит1ун, чвахун, бич1ч1ун ва пасих1го ц1алиялъул бажари камил гьабизе. Гьединаб бажари лъугьуна бат1и-бат1иял асарал, гьезул бут1аби гьоркьоса къот1ич1ого ц1алиялдалъун. Т1оцебесеб классалда лъималазда лъазе ккола г1едег1ич1ого, бич1ч1ун ва бит1ун г1исинал текстал раг1абиккун ц1ализе. Гьелдаго цадахъ ц1алул дарсазда ц1ик1к1араб к1вар кьола гьаркьал рит1ун рахъиялде. Ц1алул хехлъи минуталда жаниб г1ага-шагарго 20–25 раг1уде бахуна. К1иабилеб классалда лъималаз г1исинал текстал раг1абиккун (зах1матал раг1аби слогалккун) ц1алула. Ц1алул хехлъи, 1 классалда дандеккун, цо минуталда жаниб 30–40 раг1уде бахуна. Лъабабилеб классалда текстал раг1абиккун рит1ун, рич1ч1ун ва чвахун ц1алула. Ц1алулаго, логикияб ударение лъезе, кколелъуб лъалхъи гьабизе, интонация ц1унизе. Ц1алул хехлъи минуталда жаниб 50–60 раг1уде бахуна. Ункъабилеб классалда киналго ц1алдохъабаз хехго, рит1ун, рич1ч1ун, раг1абиккун текстал ц1алула. Слогалккун ц1алиялъул маг1на ккола ц1алдохъаби ц1алулъ нахъахут1и. Ц1алул хехлъи минуталда жаниб 70–80 раг1уде бахуна. Ц1ализе малъиялда цадахъ программаялъ к1вар буссинабула накъиталъе г1ахьаллъи гьабулев чиясда г1енеккизе, гьес бицараб жоялъул анализ гьабизе, гьелдаса аслияб, к1вар бугеб бат1а бахъизе, гьединго бицараб жо мух1кан гьабизе, суалал кьезе бугеб бажари лъугьинабиялде. Программаялда кьураб материалалъ квербакъула гаргадизе (ай жиндирго пикру загьир гьабизе, суалал лъезе ва гьезие жавабал кьезе, диалогалъулъ г1ахьаллъизе, монолог г1уц1изе) бугеб бажари цебет1езабизеги. Ц1алдохъаби ругьунлъула жидеда цебе мурад лъезе, бицунеб жоялда хадуб халккезе, гьелъие къимат кьезе, цогидазухъ сабурго г1енеккизе ва гь.ц. Программаялда к1удияб к1вар кьола хъвазе бугеб бажари цебет1езабиялдеги. Ц1алул дарсазда ц1алдохъаби ругьунлъула жидецаго текстал г1уц1изе, ц1аларал хабариял, сипатиял ва пикриял текстазул кьуч1алда изложениял ва къокъал сочинениял хъвазе. Программаялъул к1иабилеб бут1аялъулъ ц1алдохъабаз лъай-хъвай гьабула тексталда т1ад гьабулеб х1алт1ул тайпабазулгун. Гьел ругьунлъула текст бут1абазде биххизе, гьел бут1абазда ц1арал лъезе, план г1уц1изе, ц1алараб текст къокъго ва т1убанго бицине, тексталъулъ аслияб пикру жидерго раг1абаздалъун загьир гьабизе. Ц1алдохъабазда лъала текстал хабариял, сипатиял ва пикриял рук1ин. Гьезда бажарула тексталъул х1асилги бет1ерги цоцазда рухьизе, ц1алул, г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал ва художествиял текстал рат1арахъизе, гьезул бугеб к1вар бихьизабизе. Программаялъулъ хасаб бак1 ккола художествияб асаралда т1ад гьабулеб х1алт1иялъ. Лъимал ругьунлъула художествиял ва нахъг1унт1иялъулал текстазулъ дунял бихьизабулел къаг1идаби цоцаздаса рат1арахъизе (муг1алимасул кумекалдалъун), художествиял ва г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал текстазул хаслъаби рич1ч1изе, жалго бет1ергьанал текстал г1уц1изе. Ц1алдохъаби ругьунлъула художествияб асар бич1ч1изе ва гьелъие къимат кьезе, гьеб г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал асараздаса бат1абахъизе. Гьезда лъала художествиял асаразул хаслъаби. Программаялда кьураб материалалда рекъон лъималаз чара гьеч1ого гьабизе ккола художествиял асаразул г1адатияб анализ: цин ц1алдохъабаз текст т1убанго лъазабула, цинги гьеб ц1алула ва гьелъул анализ гьабула, хадуб, художествиябгин эстетикияб къиматги кьун, байбихьи ва ахир, загьир гьабураб аслияб пикру тесталъул х1асилалда ва ц1аралда дандеги ккун, ц1идасан гьеб тексталде к1вар буссинабула. Художествиял асаразул анализ гьабулаго, ц1алдохъабаз лъугьабахъиназул тартиб ч1езабула, героязулгун ва гьез гьарурал ишазулгун лъайхъвай гьабула, жидергоги авторасулги герояздехун бугеб балагьи рагьула, ц1алараб жоялъул аслияб пикру загьир гьабула. Гьединаб анализалъ квербакъула моралиябгин рух1ияб бечелъи (ай гьудуллъи, адабх1урмат, лъик1лъи ва т1алаб-агъаз гьаби щиб кколебали) бич1ч1изе. Программаялъулъ бугеб материалалъ сверухъ т1абиг1аталдаги х1айваназул хьвада-ч1вадиялдаги хадуб халкквеялда бухьараб бажариги цебет1езабула. «Ц1ализе кколел асарал. Ц1алиялъул культура» абураб бут1аялъулъ рихьизарун руго бат1и-бат1иял темаби ва гьезда т1асан ц1ализе кколел асарал. Ц1алдохъабаз ц1ализе кколел асаразда гъорлъе уна аваразул ва цогидал миллатазул раг1ул устарзабаз хъварал, лъималазул г1умруялде г1агарал, г1исинал, художествиял ва г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал асарал. Программаялда рекъон лъималазда лъазе ккола литератураялъул киналго аслиял жанрал: маргьаби, куч1дул, харбал, абиял, кицаби, бицанк1аби, драмаялъулал асарал ва гь.ц. Гьаниб кьураб тематика байбихьул школалъул г1елалъул лъималазде г1агараб буго. Тематикаялъул х1асилалъ сверухъ бугеб дунялалдехун интерес бижизабула, лъималазул к1вар буссинабула жидерго г1ел бащадаздехун ва ц1ик1к1араздехун, т1абиг1аталдехун, тарихалдехун, нилъер ват1аналъул культураялдехун бугеб гьоркьоблъиялде, гьединго тематикаялъ рес кьола бат1и-бат1иял автораз цого цо тематикаялда т1аса хъварал асарал дандекквезе. Ц1ализе кьураб тематикаялъ лъимералъул сверухъ дунял бич1ч1изе бугеб интерес г1ат1илъизабула, ц1ализе бугеб махщел ц1ик1к1инабула ва ц1алиялъул культура лъугьинабула. Гьелда т1адеги, ц1ализе кьурал асараз к1удияб кумек гьабула лъималазе рух1иябгин эстетикияб тарбия кьезе. Курс лъуг1ун хадуб кьолел х1асилал Напсиял х1асилал 1. Жиндирго Ват1аналде, Россиялъул ва Дагъистаналъул миллатазде ва гьезул тарихалде к1удияб рокьи бижизаби. 2. Цогидал миллатазул маданияталдехун ва гьезул тарихалдехун, гьединго бат1ияб пикруялдехун ц1уна-къараб балагьи бижизаби. 3. Ц1алиялдехун лъимералъул интерес бижизаби. 4. Жинца гьарурал ишазул жавабчилъиги жибго жиндаго ч1араб, цогиялда бухьинч1еб хасиятги цебет1езаби. 5. Эстетикияб бич1ч1и лъугьинаби. 6. Цогидал г1адамазе кумекалъе х1адурав, ният лъик1ав, х1алхъублъи гьеч1ев, г1адамазе лъик1лъи гьабулев инсан вахъинави. 7. Лъиданиги цадахъ х1алт1изеги щулияб гьоркьоблъи гьабизеги бугеб бажари цебет1езаби, т1адк1алъай бугеб, даг1бадулаб ах1вал-х1алалдаса ворч1изе нух батиялъул бажари цебет1езаби. 8. Творческияб х1алт1уде гъира ккезаби, ай творческияб къаг1идаялъ х1алт1изе бугеб бажари цебет1езаби. Метапредметиял х1асилал 1. Бат1и-бат1иял жанразул ва тайпабазул текстал бич1ч1ун цIализе ругьунлъи, текстал к1алзул ва хъвавул формаялда г1уц1изе лъай. 2. Сверухъ т1абиг1аталда нахъг1унт1изеги цогидазулгун бухьен гьабизеги каламалдаса пайда боси. 3. Накъиталъе г1ахьаллъи гьабулев чиясухъ г1енеккизеги, диалогалъулъ г1ахьаллъизеги, бат1и-бат1иял пикраби рук1иналъе мук1урлъизеги, жиндирго пикру загьир гьабизеги, гьелъие далил бачинеги разилъи. 4. Предметал дандекквезе, гьезул анализ ва синтез гьабизе, гьел г1аммлъизаризе, т1елазде рикьизе ва цоцада релълъинаризе лъай. 5. Предметазул ва предметазда гьоркьор ругел бич1ч1иял лъай (цоцазулгун гьоркьоблъи, маданият, творчество, т1ехь, асаралъул х1асил, художествияб текст ва гь. ц.); гуманитариял (ай инсанасул, гьесул культураялъул, тарихалъул бицунел) ва эстетикиял (ай искусствоялда, дунялалда ва г1адамазул г1умруялда жаниб берцинлъиялъул, гьайбатлъиялъул х1акъалъулъ бицунел) предметазда гьоркьор ругел бухьенал рич1ч1и. 6. Ц1алиялда цере лъурал мурадал ва масъалаби рич1ч1изе ва гьел т1уразаризе лъай. 7. Цебе лъураб масъалаялда рекъон ц1алиялда хурхарал х1алт1аби планалда росизе, гьезда хадуб хелкквезе ва гьезие къимат кьезе бугеб бажари лъугьинаби. 8. ЦIалулъ жиндирго лъик1ал яги квешал х1асилал рихьизе бугеб бажари лъугьинаби. 9. Цебе лъураб мурад т1убаялъе г1оло цадахъ х1алт1изе бажари. Предметиял х1асилал 1. Литература т1олабго дунялалъулаб ва миллияб культура г1адин бич1ч1и, гьелъ рух1ияб бечелъи ва г1адатал ц1унулеллъи лъай. 2. Т1ехь культурияб бечелъи бук1ин бич1ч1и. 3. Раг1ул искусство г1адин художествиял асараздехун бербалагьи бук1инаби. 4. Маг1арулазул ва Россиялъул цогидал миллатазул литератураялъул рух1ияб бечелъи бич1ч1и. 5. Инсан цевет1езавиялъе литератураялъул бугеб к1вар бич1ч1и; Ват1аналъул ва гьелъул халкъалъул, сверухъ т1абиг1аталъул, культураялъул, лъик1лъи-квешлъиялъул, гьудул-гьалмагълъиялъул, рит1ухълъиялъул х1акъалъулъ бич1ч1и лъугьинаби; гьоркьоса къот1ич1ого ц1алдезе кколеблъи бич1ч1и. 6. Ц1алиялъул бугеб к1вар бич1ч1и; ц1алиялъул бат1и-бат1иял тайпабаздаса пайда боси (лъай-хъвай гьабиялъул, аслияб жо балагьиялъул, т1асабищул, лъазабиялъул); героязул хьвада-ч1вадиялъе кьураб къимат х1ужжабаздалъун кьуч1аб бук1ин бихьизабизеги, гьоркьоб лъураб жоялда т1аса жиндирго пикру загьир гьабизеги, текстазул бат1ибат1иял тайпаби рич1ч1изеги, гьезие къимат кьезеги бажари. 7. Жиндие къвариг1араб литература, живго жиндаго ч1ун, цогидазул кумек гьеч1ого, т1аса бищизеги цебе бук1аралдаса ц1ик1к1араб информация бич1ч1изе ва щвезе баян кьолел т1ахьал (источникал) х1алт1изаризеги бажари. 8. Бат1и-бат1иял текстазул анализ гьабизе, ай г1иллаялъулабгин ц1ехрехалъул бухьен ч1езабизеги, асаралъул аслияб пикру загьир гьабизеги, текст бут1абазде биххизеги, гьел бут1абазда ц1арал лъезеги, г1адатаб план г1уц1изеги, асаралъул загьирлъи, пасих1лъи бихьизабулел алатал ратизеги, текст жиндирго раг1абаздалъун ц1идасан ц1ализеги бажари. 9. Бат1и-бат1иял текстазда т1ад х1алт1изеги, ц1алул ва художествиял, г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал текстазул хаслъаби рихьизаризеги бажари; художествиябгин творчествияб пагьму цебет1езаби; художествиял асаразда, суратазда т1асан яги жиндирго х1албихьиялъул х1акъалъулъ живго бет1ергьанаб текст г1уц1изе бажари. Курсалъул материал Каламалда ва ц1алиялда сверухъ гьарулел х1алт1абазул тайпаби Г1енеккун (г1инт1амун) раг1араб жо бич1ч1изе бажари (аудирование) Г1инда раг1араб цогидазул калам бич1ч1и. Цогидас ц1алулеб асар г1енеккун дандрекъон кколеб х1алалъ бич1ч1и. Г1енеккун раг1араб асаралда т1аса лъурал суалазе жавабал кьезе бажари, лъугьа-бахъиналъул тартиб ч1езаби, раг1араб каламалъул мурад бич1ч1и, г1енеккун раг1арал г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал ва художествиял асаразда т1аса суалал лъезе бажари. Авторасул стилалъул хаслъиялдаги каламалъул пасих1лъиялдаги хадуб халкквезе бугеб бажари цебет1езаби. Ц1али Раг1изабун ц1али. Раг1абазулъ слогал ва х1арпал гьоркьор риччач1ого ва гьел ругеб бак1 хисич1ого, раг1аби, предложениял ва текстал бич1ч1ун, бит1ун ц1али. Слогалккун ц1алиялдаса байбихьун дагь-дагьккун бич1ч1ун, бит1ун т1уранго раг1аби ва раг1абазул дандраял ц1али; классалдаса классалде, т1убараб текст бич1ч1уледухъ, ц1алиялъул хехлъи ц1ик1к1инаби. К1удияб гуреб, гьит1инаб текст пасих1го ц1али: ц1алулаго бит1ун абиялъул ва интонациялъул нормаби ц1уни; ц1алиялъул мурад бич1ч1и, ц1алулев чиясул ц1алараб асаралдехун бугеб гьоркьоблъи бихьизабизе бажариледухъ, интонациялдаса ва цоцазулгун бухьен гьабизе цере лъурал мурадазда ва масъалабазда рекъон х1инцлъизабун (хьадарлъизабун) яги хехлъизабун ц1алиялъул темпалдаса пайда боси. Интонацияги ц1унун, бат1ибат1иял тайпаялъул предложениял ц1али. Бат1и-бат1иял текстазул маг1наялъулал хаслъаби рич1ч1и ва интонациялъул кумекалдалъун гьел рихьизари. К1удияб гьеч1еб текст живго жиндаго ч1ун пасих1го ц1ализе бажари (ц1алулаго данде кколеб гьаракь-бакъан ва хехлъи (темп) т1асабищизе, логикияб ударение бит1ун лъезе, лъалхъи гьабизе). Сасун ц1али. Жанраялъул ва к1одолъи-гьит1инлъиялъул рахъалъ рич1ч1изе бигьаял асарал раг1изабун ц1алиялдаса дагь-дагьккун сасун ц1алиялде рач1ин. Ц1алараб тексталъул маг1на бич1ч1и. Ц1алиялъул тайпа ч1езаби: лъазабиялъул, лъай-хъвай гьабиялъул ва т1асабищиялъул; тексталъулъ къвариг1араб информация балагьи, гьелъул хаслъаби рич1ч1и. Бат1и-бат1иял текстазда т1ад х1алт1и I класс Ц1алараб тексталда т1асан муг1алимас лъурал суалазе жавабал кьезе бажари. Муг1алимасул кумекалдалъун ц1аларал текстазда ц1арал лъезе бажари. Ц1алараб асаралъе къимат кьезе лъай. Суратазда т1асан харбал херхине лъай (бицун). Баянго, зирараб гьаркьидалъун раг1аби ва предложениял абизе ругьун гьари. Цоцазда хурхараб каламалда, предложениялда, раг1уда, гьаракь бит1ун абиялда т1ад гьоркьоса къот1ич1ого х1алт1аби гьари. Цогидал ц1алдохъабазул, муг1алимасул хабаралъухъ ва ц1алиялъухъ г1енеккизе бажари. II класс Муг1алимас бицараб жоялъул ва т1ехьалдаса ц1алараб тексталъул маг1на боси. Х1асилалда т1асан кьурал суалазе къокъго жавабал кьей. Малъарал ва жинцаго ц1аларал г1исиналго асаразулъ рехсарал лъугьа-бахъиназул тартиб рак1алда ч1езаби, героязул ишазе ва раг1абазе бит1араб къимат кьей. Гара-ч1вариялда г1ахьаллъи. Жинцаго суалал кьей, малъарал асаразда т1асан лъурал суалазе къокъгоги г1ат1идгоги жавабал кьей. Текст бут1абазде биххи, гьезда ц1арал лъей, ц1алараб жоялъул аслияб маг1на загьир гьаби (муг1алимасул кумекалдалъун). Хабариял, сипатиял ва пикриял текстазул х1акъалъулъ авалияб бич1ч1и кьей. Маг1на г1агарал раг1аби дандекквей; раг1ул маг1на баян гьаби, цо-цо раг1абазул г1емер маг1на бук1ин лъай; муг1алимасул кумекалдалъун тексталъулъ героязул, т1абиг1аталъул, лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ бицунел раг1аби ва предложениял рихьизари. Практикияб къаг1идаялъ маргьаби, харбал, куч1дул рат1а гьари. III класс Малъарал асаразул, лъугьа-бахъиназул тартиб ч1езаби. Жидецаго текст маг1наял бут1абазде биххи, муг1алимасул кумекалдалъун гьезулъ ц1ик1к1ун кIвар бугеб бак1 балагьи. Т1убанго тексталъул ва гьелъул щибаб бут1аялъул аслияб пикру загьир гьаби, гьезда ц1ар лъей. Муг1алимасул кумекалдалъун малъарал (ц1аларал) асаразул план г1уц1и. Планалда рекъон мух1канго, гьоркьоса бищун, къокъго яги г1ат1идго, х1асил бицин. Хабариял, сипатиял ва пикруял текстал г1уц1и ва каламалъулъ гьездаса пайда босизе бажари. Гара-ч1вариялъулъ г1ахьаллъи: лъурал суалазе жавабал кьезе, цо ч1ванкъот1араб темаялда т1аса к1алъазе, гьалмагъзабазул к1алъаялъухъ г1енеккизе бажари. Жидеца ц1алулеб тексталда жаниса рич1ч1уларел раг1аби ва предложениял рат1арахъи, гьезул маг1на муг1алимасда ц1ехей. Диафильм х1исабалда малъараб (ц1алараб) тексталъулъ кколел лъугьабахъиназул тартибалда суратал цереч1езари. Жидерго халкквеялъул, ц1алдохъабазул г1умруялъул х1акъалъулъ хабар бицин. Хабар бицунаго, синонимаздаса, сипатиял раг1абаздаса ва предложенияздаса пайда боси. Героязул, т1абиг1аталъул, лъугьа-бахъиназул сипат-сурат бихьизаби, авторас х1алт1изарулел раг1аби ва предложениял тексталъулъ жидецаго рати. Муг1алимасул кумекалдалъун малъарал асаразулъ лъугьа-бахъиназе ва героязул ишазе бит1араб къимат кьей. Каламалъул гьаркьилаб культура камиллъизаби, литературияб къаг1идаялда рекъон раг1аби аби. Халкъиял асараздаса литературиял асарал рат1а гьари. IV класс Т1ехьалдаса ц1алараб жоялъул маг1на жидецаго боси (аслияб пикру жидерго раг1абаздалъун загьир гьаби); тексталъул бут1абазул маг1наялъулаб бухьен ч1езаби; ц1арулал предложенияздалъун яги суалаздалъун хабаралъул план г1уц1и. Жидецаго г1уц1араб планалда рекъон яги аслиял раг1абазде мугъч1вайги гьабун, асаразул х1асил дурусго, къокъго, г1ат1идго бицин; цо ч1ванкъот1араб суалалда т1асан хабар г1уц1изе тексталъул материал бати. Хабар бицунаго, маг1наялъул тартиб ва дуруслъи ц1уни. Хабаралъул героязул каламалъул хаслъабазухъ халкквей, гьезул ишал ва цогидаздехун ругел гьоркьорлъаби дандекквей. Героязул г1амал-хасияталъе ва раг1абазе къимат кьей, герояздехун ва гьез г1ахьаллъи гьабулел лъугьабахъиназдехун авторасул ялъуни жидер бугеб бербалагьи загьир гьаби. Асаразда жанир кколел лъугьабахъиназул, героязул, сверухъ бугеб т1абиг1аталъул сипат-сурат цебеч1езабулел раг1аби рати (дандекквеял, эпитетал, метафорал, фразеологиял свераби). Харбазул, кучIдузул, маргьабазул, кицабазул, абиязул, бицанк1абазул х1акъалъулъ I–III классазда щвараб лъай щула гьаби. Художествиял текстал г1елмиял ва нахъг1унт1иялъулал текстаздаса рат1арахъизе ругьун гьари. Библиографияб культура Т1ехь искусствоялъулаб хасаб тайпа. Т1ехь – лъаялъул ицц. Ц1алул, художествиял ва къариг1арал баянал кьолел (справкаялъулал) т1ахьал. Т1ехьалъул бут1аби: т1ехьалъул х1асил яги т1ехьалъул бут1рул, титулалъулаб гьумер, аннотация, суратал. Живго жиндаго ч1ун аннотация хъвазе бажари. Т1ахьазул тайпаби: художествиял асаразул т1ехь, т1ехь мажмуг1, данде гьарурал асаразул т1ехь, цо ккураб заманалда бахъараб басма, баян кьолел т1ахьал (справочник, ай сундулниги х1акъалъулъ къокъаб ва дурусаб баян босизе рес бугеб т1ехь, словарал, энциклопедиял, ай, къокъ гьабун, г1емерал г1елмабазул баян кьолел т1ахьал). Библиотекаялдаса жидее къвариг1арал т1ахьал росизе лъай. Лъималазул г1умруялде дандекколел словараздаса ва дурусаб баян босизе рес бугеб литератураялдаса пайда боси. Художествияб асаралда т1ад х1алт1и Художествияб тексталъул хаслъаби, ай гьелъул цогидазда релълъинч1ел пасих1ал, рек1елъе рортулел мац1алъул алатал рихьизари (муг1алимасул кумекалдалъун). Асаралъул х1асилги гьелъул ц1арги дандрекъон кколеллъи бич1ч1и. Ц1алараб асаралъул х1асил рух1иябгин эстетикияб бук1ин бич1ч1и, героязул хьвада-ч1вади рит1ухъ гьабулеб г1илла бачинеги гьезул ишазе къимат кьезеги бажари. Пасих1ал, рек1елъе рортулел мац1алъул алатаздаса (синонимаздаса, антонимаздаса, дандекквеяздаса, эпитетаздаса) пайдаги босун, живго жиндаго чIун, текст ц1и гьабун бицин. Кьураб тексталъе хасаб лексикаялдаса пайдаги босун, гьеб тексталъул к1вар бугеб ва жибго жиндаго ч1араб г1адаб цо лъугьа-бахъин ц1и гьабун бицин (муг1алимасул кумекалдалъун). Т1ахьазул текстазе суратаздалъун баян кьей. Асаралъул героясе характеристика кьей (гьесул сипат-сурат, хасаб т1абг1, хасият-гIамал, калам ва гьес гьарулел ишал рихьизари). Лъугьа-бахъиналъе ва героясе характеристика кьолел раг1аби ва предложениял тесталъулъ рати. Художествияб асаралъул героясул ишалъул анализ гьабизе ва гьеб иш рит1ухъ гьабизе г1илла бачине бажари. Героязул ишал цоцазда дандекквей. Героялдехун авторасул бугеб бербалагьи т1атинаби. Художествиял асарал жиндирго раг1абаздалъун рициналъул къаг1идаби лъай (дурусго бицин, гьоркьоса бищун бицин ва къокъго бицин). Мух1канго, дурусго текст бицин (текст бут1абазде биххи, щибаб бут1аялъул ва т1убараб тексталъул аслияб пикру загьир гьаби, щибаб бут1аялъе ва т1убараб тексталъе ц1арал кьей): тексталъул кесекалъул аслияб пикру загьир гьаби, к1вар бугел яги аслиял раг1аби рихьизари, ц1арал лъей; план г1уц1и ва гьелда рекъон т1убанго текст мух1канго жиндирго раг1абаздалъун бицин. Кьураб асаралъул кесек гьоркьоса бищун бицин: асаралъул героясе характеристика кьей (тексталъулъ героясул х1акъалъулъ хабар г1уц1изе рес кьолел раг1аби ва предложениял т1аса рищи), иш лъугьараб бак1алъул х1акъалъулъ бицин (тексталъулъ иш лъугьараб бак1алъул х1акъалъулъ бицине рес кьолел раг1аби ва предложениял т1асарищи). Бат1и-бат1иял асараздаса цоцада дандекколел героязул сипат-суратал, гьезул ишал ва гьез г1ахьаллъи гьабулел лъугьабахъинал дандекквезе. Шиг1риял асарал ц1алулаго, г1исинал лъугьа-бахъинал, ишазул т1олалго рахъал рихьизе бугеб гьунар цебет1езаби. Лъугьа-бахъиназул ва сюжеталъул ин цебеккунго бич1ч1иялъул бажари цебет1езаби. Ц1алул, г1елмиялгин г1адатал х1асил бугел ва цогидалги текстазда т1ад х1алт1и Асаралъул ц1ар ва гьеб ц1ар асаралъул х1асилалда дандрекъон кколеблъи бич1ч1и. Ц1алул, г1елмиялгин г1адатал х1асил бугел текстазул хаслъаби, мух1кан гьарун, ч1езари. Бат1и-бат1иял тайпабазул текстазул анализ гьабиялъул г1адатиял къаг1идабазулгун лъай-хъвай гьаби: тексталъул аслияб пикру загьир гьаби, г1иллаябгин х1асилалъул бухьен ч1езаби (г1илла гьеч1еб х1асил бук1унаро). Текст бут1абазде биххи. Гьел бут1абазул темаби баян гьари. К1вар бугел яги аслиял раг1аби ралагьи. Текст ц1идасан бициналъул алгоритм г1уц1и. Схемаялда, моделалда, к1вар бугел, аслиял раг1абазда мугъги ч1ван, текст ц1идасан бицин. Текст г1ат1идго, ай дурусго бицин. Текст къокъго бицин (ай тексталъул х1асилалъулъ аслияб, к1вар бугеб жо бихьизаби). Справкаялъулаб (бат1и-бат1ияб жоялъул баян кьолеб) материалалда, г1амлъизабулел суалазда ва ц1алул т1адкъаязда т1ад х1алт1изе бажари. Гаргадизе, к1алъазе бажари (каламалъул культура) Диалог каламалъул тайпабазул цояб кколеблъи бич1ч1и. Диалогалъул хаслъи: лъурал суалал рич1ч1изеги, гьезие жавабал кьезеги, тексталда т1аса жинцаго суалал кьезеги, хабар-к1алалда вугев чиясул каламалъухъ, гьеб калам гьоркьоса къот1ич1ого, к1вар кьун г1енеккизеги, гьоркьоб лъураб асаралда т1аса х1еренго жиндир пикру загьир гьабизеги бажари. Каламалъул низам ц1уни. К1алзул гьунаралъул халкъиял асаразул кьуч1алда иш гьабиялъул, г1адамазда гъорлъ вук1иналъул низамалъулгун яги къаг1идаялъулгун лъай-хъвай гьаби. Раг1иялда т1ад х1алт1и (раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1наги гьелъул г1емер маг1наги бук1ин лъай), активиял раг1абазул нахърател дагьабги ц1убазаби. Монолог каламалъул тайпабазул цояб кколеблъи бич1ч1и. Лъурал суалазда яги кьураб темаялда т1асан к1удияб гьеч1еб калам г1уц1изеги ва гьелъул аслияб пикру загьир гьабизеги бажари. ЦIалараб ялъуни раг1араб жоялъул х1асил бицин. Жинца бицунеб пикруялъул план г1уц1и. Жинца бицунеб жоялъул мурадалда рекъон к1алъаялъул къаг1идаби т1аса рищи. Суратазда ва ц1алараб яги кьураб темаялда т1асан к1алзул формаялда къокъаб хабар г1уц1и. Хъвадари (хъвавул каламалъул культура) Хъвавул каламалъул нормаби ц1уни: х1асил ц1аралда рекъонккезаби (гьелъулъ героязул г1амал-хасият, иш лъугьараб бак1 ва тема бихьизаби). Хъвавул каламалъулъ пасих1ал, рек1елъе рортулел мац1алъул алатал (синонимал, антонимал, дандекквеял) хIалт1изари. Хъвавул текст дурус гьаби. Кьураб темаялдаги, ц1аларал асараздаги т1асан гьитIиналго сочинениял хъвай. Ц1ализе кколел асарал Маг1арулазул ва цогидал миллатазул раг1ул устарзабаз хъварал, лъималазул г1умруялде г1агарал, г1исинал, художествиял ва г1елмиялгин нахъг1унт1иялъулал асарал. Ц1ализе кколел асаразул жанрал: маг1арулазул ва цогидал миллатазул халкъиял маргьаби, куч1дул, харбал, абиял, кицаби, бицанк1аби, абундачал, драмаялъулал асарал ва гь.ц. Тематикаялъ гъорлъе рачуна лъаг1алил 4 заманалъул, Ват1аналъул, гьелъул тарихалъул ва т1абиг1аталъул, нилъер х1айваназул ва х1анч1азул, лъик1лъиялъул, рит1ухълъиялъул, вацлъиялъул ва гьудуллъиялъул, г1адамазул лъик1абги квешабги хьвада-ч1вадиялъул, ях1-намусалъул х1акъалъулъ, гьединго эркенаб зах1маталъул, лъималазул г1умруялъул ва сахаватал ишазул, ракълие ва эркенлъиялъе г1оло къеркьолел бах1арзазул х1акъалъулъ бицунел асарал. Ц1алул курсалъулъ темабазул къадар 4 класс Бищунго кьарияб жо – рии, бищунго бечедаб жо – хасалихълъи Роол ва хасалихълъиялъул хIакъалъулъ рагIул устарзабаз хъварал асарал. Риидал рукIарал рекIелгъеязул ва хIухьбахъиялъул, хаслихъе хурул ва ахил бачIин рукъалде буссина-биялъулъ цIалдохъабаз гьабулеб гIахьаллъиялъул гарачIвари. Дунги дир гьалмагъзабиги Лъималазул гIумруялъул, гьез гьабулеб гьудул-гьалмагъ-лъиялъул, захIматалдехун гьезул бугеб гьоркьоблъиялъул бицунел харбал, кучIдул, маргьаби ва кицаби. ТIабигIат цIуни ГIагараб тIабигIат, рухIчIаголъаби ва рохьал цIуниялъул хIакъалъулъ рицунел харбал, кучIдул ва маргьаби. ЛъикIабин сунда абулеб, квешабин сунда абулеб? ГIадамазул гьоркьорлъабазул, унго-унгоял гьудулзабазул ва гьалмагъзабазул, лъикIабги квешабги хьвадачIвадиялъул, яхI-намусалъул хIакъалъулъ рицунел харбал, кучIдул, маргьаби, кицаби, бицанкIаби ва абиял. Гьудуллъиялъ бахъулареб хъала букIунареб Халкъазул вацлъиялъул ва гьудуллъиялъул бицунел кучIдул, харбал ва маргьаби. Хасел Хасалил тIабигIаталъул хIакъалъулъ рагIул устарзабаз хъварал асарал. Халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал Аваразул ва цогидал миллатазул маргьаби, кицаби, абиял ва бицанкIаби. ТIабигIат берцинаб их Ихдалил тIабигIат чIаголъулеб куцалъул, гьелъул берцинлъиялъ гьабулеб асаралъул, ихдалил байрамазул бицунел асарал. Нилъер адабият ва маданият РухIияб ва материалияб маданияталъул, рукIа-рахъиналъул, захIматалъул, хьвада-чIвадиялъул, адабияталъул хаслъабазул, къагIидабазул, гIадатазул, гIумру гьабулеб куцалъул хIакъалъулъ бицунел асарал. МагIарул устарзабазул хIакъалъулъ харбал ва кучIдул (ГIоцIалъ, Унсоколо, РахатIа, ГIанди). МугIрузул улка Дагъистаналъул мацIазул, халкъазул тарихалъул, эркенлъиялъе гIоло къеркьарал бахIарзазул (Шамилил, ГъазимухIамадил, ХIамзатил ва гь.ц.) биографиялъул хIакъалъулъ бицунел асарал. Класс тун къватIисеб цIали ЦIализе кколеб материал. Аваразул ва цогидал миллатазул рагIул устарзабаз хъварал, лъималазул гIумруялде гIагарал гIисинал асарал. ЦIалул тематика. ГIадамазул цоцадехун рукIунел гьоркьорлъабазул, лъикIабги квешабги хьвада-чIвадиялъул, яхIнамусалъул, рухIияб ва материалияб маданияталъул, рукIа-рахъиналъул, Дагъистаналъул тарихалъул, халкъазул эркенлъиялъе гIоло къеркьарал бахIарзазул хIакъалъулъ бицунел асарал. ТIехьалъулгун гьабулеб хIалтIи. Лъималазда лъазе ва бажаризе ккола: лъималазул гIумруялда хурхараб тIехь балагьизе ва жидецаго цIализе; лъагIалил т1оцебесеб бащалъиялда анкьида жаниб 3–6 гьумералде, лъагIалил к1иабилеб бащалъиялда 15–20 гьумералде рахарал асарал цIализе; цIалараб жоялъул къокъго хIасил бицине; мугIалимас кьураб ялъуни жидецаго гIуцIараб планалда рекъон героясул хIакъалъулъ хабар гIуцIизе. Адабияталъул теориялъул хIакъалъулъ лъазе кколел авалиял баянал (практикияб къагIидаялъ лъазаризе) ПасихIал, рекIелъе рортулел мацIалъул алатал, ай синонимал, антонимал, эпитетал, дандекквеял, метафорал, олицетворениял тексталъулъ рати ва практикияб къагIидаялъ гьел ратIа гьаризе лъай (мугIалимасул кумекалдалъун). Художествиял асар, рагIул искусство, автор (хабар бицине гьунар бугев чи, хабар бицунев чи), тема, герой (гьесул сипат-сурат, гьес гьабураб иш, загьир гьарурал пикраби, гьесул калам); героялдехун авторасул бугеб бербалагьи гIадал литературиял бичIчIиял лъай (мугIалимасул кумекалдалъун). Хабариял, сипатиял ва пикриял текстазул гIуцIиялъул хаслъабазул хIакъалъулъ гIаммаб бичIчIи щвей. Прозаялъулаб (харбихъего хъвараб) ва шигIрияб калам, шигIрияб асаралъул хаслъаби рихьизари (ритм /гьаракь рекъей/, рифма). Асаразул жанр. КIалзул гьунаралъул халкъиял ва авторасул асарал (ратIарахъизе). КIалзул гьунаралъул халкъиял асаразул гьитIинал жанрал (кинидухъ ахIулел кучIдул, абиял, кицаби, бицанкIаби ва абундачал): гьезул магIна бичIчIи, гьел цоцаздаса ратIарахъизе лъай. ХIайваназул, рукIа-рахъиналъулал ва гIажаибал маргьаби. Маргьабазул художествиял хаслъаби: маргьадулаб герой, пасихIал, рекIелъе рортулел мацIалъул алатал, гIуцIи. Литературияб (авторасул) маргьа. Хабар, кечI – жанраялъул, гьезул гIуцIиялъул хIакъалъулъ гIаммаб бичIчIи. Творческияб хIалтIи ЦIаларал асаразда релълъарал харбал гIуцIи яги маргьаби ургъи, сипатияб яги пикрияб цо-цо рахъ хабаралъулъ ккезаби; мугIалимасул суалазул кумекалдалъун маргьаялъул сюжет гIатIид гьаби. Литературияб асар, ролаздеги бикьун, цIали; гьелъул инсценировка гьаби, гьеб пасихIго цIали ва мацIалъул ресаздалъун асаралъул хIакъалъулъ бицин, хисараб тексталда тIад гьабулеб хIалтIул батIи-батIиял къагIидабазулгун лъай-хъвай гьаби ва гьездаса пайда боси (гIиллаябгин хIасилалъул бухьен чIезаби, рукIарахъиналъул тартиб ва хIалтIи гьабиялъул этапал цIуни). ТЕМАТИКИЯБ ПЛАН 4 КЛАСС (34 саг1ат, анкьида жаниб 1 саг1ат) № Дарсил тема Темаялъе баян Саг1ат Бихьизабураб къо Рокъобе х1алт1и Программияб Х1ужжаялъул къо къо 1. Маг1арулал. Ц1алдохъан. Литературияб ц1алул учебникалъулгун лъайхъвай гьаби. Учебникалъул шарт1иял ишараби. Учебникалда жаниб бугеб материалалъулгун лъайхъвай гьаби. Словарь. 1 Гьум. 3-5 «Маг1арулал» рек1ехъе лъазабизе. 2. Х1адисил ирсилав. Русланги Людмилаги. Темаялда лъураб ц1аралъулгун лъай-хъвай гьаби. Текст мух1канго жиндирго рагIабаздалъун бицин. Асаралъул героясе характеристика кьей. 1 Гьум. 7-12 Хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. Кеч1 пасих1го ц1ализе Текст бут1абазде биххи ва гьезие ц1арал кьей. Щвараб лъаялъе къимат лъей. лъазабизе. 3. Риидахъ балагьун йиго мун, эбел. Хъах1илаб ц1ад. Риидалил т1абиг1ат цебеч1езабулел асарал. Асаразул героязе характеристика кьей. Щвараб лъаялъе къимат лъей. 1 Гьум. 12-16 Хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. Кеч1 пасих1го ц1ализе лъазабизе. 4. Хасалихълъи. Муг1рузул сухъмахъал. Авар миллаталъул нек1о заманалъул харбалги бат1и-бат1иял куч1дулги. Хасалихълъи. Риидал лъимал х1алт1араб, гьез х1ухьбахъи гьабураб куцалъул х1акъалъулъ харбал, куч1дул, гарач1вариял. Асаразул героязе характеристика кьей. Щвараб лъаялъе къимат лъей. 1 Гьум. 16-22 Хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. Куч1дул пасих1го ц1ализе лъазаризе. «Хасалихълъи» рек1ехъе лъазабизе. 5. Ц1унц1ра. Къарумги сахаватги. Темаялда лъураб «Гъимлару» рагъ. цIаралъулгун лъай-хъвай гьаби. Маг1арулазул хъвадарухъабазул г1агараб Ват1аналъул сипат-сурат цебе ч1езабулел асарал. 1 Гьум. 24-31 Кеч1 пасих1го ц1ализе лъазабизе. Маргьадул къокъаб х1асил бицине. 6. Пионер Лёня. Бац1ил кеч1. Ват1аналъул сипат-сурат цебе ч1езабулел т1абигIат ц1унизе ккей загьир гьабулел асарал. Текстал пасих1го ц1али. Асаразул жанрал. Асаразул аслияб маг1на. Художествияб тесталъул кьуч1алда хабар г1уц1и. Щвараб лъаялъе къимат лъей. 1 Гьум. 32-38 Хабаразул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. Кьурал суалазе жавабал кьезе х1адурлъизе. 7. Церги бакьучги. Гьудуллъиялда хурхарал кицаби ва абиял. Гьудул-гьалмагълъиялъул х1акъалъулъ кицаби. Т1абиг1ат ц1униялъул х1акъалъулъ халкъиял асарал: кицаби, маргьаби, бицанк1аби. 1 Гьум. 39-45 Т1аса рищун кицаби лъазаризе. Хмаргьаялъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 8. Т1абиг1аталдехун маг1арулазул бербалагьи. Сордо лъик1. Т1абиг1ат ц1унизе ккей загьир гьабулел асарал. Т1абиг1аталда кколел хисабасиял. Гьезул бугеб к1вар. Щвараб лъаялъе къимат лъей. 1 Гьум. 47-54 Хабаразул къокъал хасилал рицине лъазаризе. 9. Х1икмат. Маккалги чанахъанги. Царал бох. Текст пасих1го ц1ализе, ц1алулаго бит1ун абиялъул ва интонациялъул нормаби ц1уни, ц1алиялъул мурад бич1ч1и. Асаразул жанрал ч1езари. Асаразул аслияб маг1на бич1ч1и. 1 Гьум. 55-58 Маргьабазул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. Кеч1 пасих1го ц1ализе лъазабизе. 10. Г1унк1к1азулги кутузулги хабар. Гьит1инав найихъан. Жидерго пикру загьир гьаби. Асаралъе кьураб ц1аралъул анализ гьаби. Асаралъул героясе къимат кьей. Хабаралъул рух1ияб бечелъи бихьизаби. Тема ч1езаби. Текст бут1абазде 1 Гьум. 59-63 Хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. Кьурал суалазе жавабал кьезе биххи. х1адурлъизе. 11. Гьабигьанги гьобоги. Щай дунялалда гьадиг1ан лъик1 бугеб? Г1агараб т1абигIат, рух1ч1аголъаби ва рохьал ц1униялъул х1акъалъулъ рицунел харбал. Художествияб асар г1енеккун бич1ч1и, жидерго пикру загьир гьаби. 1 Гьум. 67-72 хабаразул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. 12. Г1ака г1одараб куц. Ват1ан. Х1айванаде ва цоги бат1ибат1иял рух1ч1аголъиязде г1адамазул бербалагьи. Ват1аналъул къадру борхатго ц1унизе ккеялда т1ад х1алт1и 1 Гьум. 72-77 «Ват1ан» рек1ехъе лъазабизе. 13. Эбелги т1инч1ги. Лъарал г1умру. ГIагараб т1абиг1ат, рух1ч1аголъаби ва рохьал ц1униялъул х1акъалъулъ рицунел харбал. Жидерго пикру загьир гьаби. Асаралъе кьураб 1 Гьум. 77-83 Хабаразул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. ц1аралъул анализ гьаби. Хабаралъул рух1ияб бечелъи бихьизаби. 14. К1удил маргьа. Ц1одорав вас. Темаялда лъураб ц1аралъулгун лъай-хъвай гьаби. Художествияб асар бич1ч1и; гъалат1ал риччач1ого, текстал ц1али. Асаралъул жанр ч1езаби. Асаралъе кьураб ц1аралъул анализ гьаби, асаралъул темаялда ва гьелъул аслияб пикруялда гьеб ц1ар бухьинаби. 1 Гьум. 86-92 Маргьабазул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. 15. Сандук1. Рек1еда вати. Г1адамазул гьоркьорлъабазул, унгоунгоял гьудулзабазул ва гьалмагъзабазул, лъик1абги квешабги хьвада-ч1вадиялъул, ях1намусалъул х1акъалъулъ рицунел харбал. 1 Гьум. 93-101 Хабаразул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. 16. Адаб. Дида гьикъани, дица абила… Гьудуллъи. Нилъер умумузул г1акълаби. Г1адамазул гьоркьорлъабазул, унгоунгоял гьудулзабазул ва гьалмагъзабазул, лъик1абги квешабги хьвада-ч1вадиялъул, ях1намусалъул х1акъалъулъ рицунел куч1дул. 1 Гьум. 102-107 «Адаб» рек1ехъе лъазабизе. 17. Гьудуллъиялъул кеч1. Бищунго Художествияб асар къуватаб ярагъ. пасих1го ц1ализе ва гьелъул х1асил г1енеккун бич1ч1и. Авторасул тексталдаса пайдаги босун, вацлъиялъул ва гьудуллъиялъул х1акъалъулъ хабар г1уц1и. 1 Гьум. 109-115 Кеч1 пасих1го ц1ализе лъазабизе. Хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 18. Гьудул. Гьудуллъи лъилгун кквелеб? Гьудул г1емерасе талих1аб дунял. 1 Гьум. 116-119 Куч1дул пасих1го ц1ализе лъазаризе. Кьурал суалазе жавабал кьезе х1адурлъизе. Халкъазул вацлъиялъул ва гьудуллъиялъул бицунел куч1дул. Асаралда т1асан жиндирго пикру загьир гьаби. Асаразул героязул ишазе къимат кьей. 19. Маг1арулай. Къисас. Ц1алараб асаралда т1асан жиндирго пикру загьир гьаби. Асаразул героязул ишазе къимат кьей. Щвараб лъаялъе къимат кьей. 1 Гьум. 120-126 Хабарахул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. 20. Хинаб хасел. «Г1урхьо». Ихги хаселги. Хасалил т1абиг1аталъул х1акъалъулъ раг1ул устарзабаз хъварал асарал. Куч1дул дандекквей, гьел рек1ехъе лъазари. Хасалил т1абиг1аталъул суратал рахъи. 1 Гьум. 128-133 «Хинаб хасел» рек1ехъе лъазабизе. 21. Г1адилал-Самудилал. Хъах1илаб ц1ад. Хасел. Г1айнал макьу. Гьит1инаб ёлка. Хасалил т1абиг1аталъул х1акъалъулъ раг1ул устарзабаз хъварал асарал. Героязул г1амалхасияталъе ва раг1абазе къимат кьей. Х1асилалда т1асан кьурал суалазе къокъго жавабал кьей. 1 Гьум. 134-144 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 22. Бищунго кутакаб жо. Гьабигьанасул лъимал. Г1умруялдехун, г1адамаздехун ва т1абиг1аталдехун авторасул ялъуни жидер бугеб бербалагьи загьир гьаби. Героязул г1амалхасияталъе ва раг1абазе къимат кьей. 1 Гьум. 145-151 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 23. Бит1арабиц. Ралъад щай хъудулеб? Темаялда лъураб ц1аралъулгун лъай-хъвай гьаби. Асарал ц1ализе ва ц1аларал асаразул х1асил г1енеккун бич1ч1и. Щвараб лъаялъе къимат кьей. 1 Гьум. 154-162 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 24. Бакъулги Моц1ролги къец. Бакъуе лагълъи гьаби кин байбихьараб? Сих1ирлъи лъие кьураб? Аслиял лъугьа-бахъиназде балагьун, маргьаялъул план г1уц1и. Планалда рекъон мух1канго яги т1асабищун маргьаялъул х1асил бицин. Темаялда т1асан щвараб лъаялъе жинцаго къимат лъезе. Планалда рекъон 1 Гьум. 163-166 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. мух1канго яги т1аса бищун маргьаялъул х1асил бицине. Темаялда т1асан щвараб лъаялъе жинцаго къимат лъей. 25. Х1амаги оцги. Бесдалав. Кицаби ва абиял. Аваразул ва цогидал миллатазул маргьаби, кицаби, абиял. Халкъиял ва литературиял маргьаби дандекквей. Текстазул тайпаби. Литературиял маргьабазул хаслъаби. Маргьабазул героял 1 Гьум. 167-172 Кицаби ва абиял лъазаризе. Маргьабазул къокъал х1асилал рицине лъазаризе. 26. Их. Цер ва бакъ. Их. Их. Темаялда лъураб ц1аралъулгун лъай-хъвай гьаби. Ихдалил т1абиг1ат ч1аголъулеб куцалъул, гьелъул берцинлъиялъ гьабулеб асаралъул, ихдалил байрамазул бицунел асарал. 1 Гьум. 175-181 «Их» рек1ехъе лъазабизе. 27. Ихдалил кеч1. Чиярал. Ихдалил т1абиг1ат ч1аголъулеб куц бицунел асарал. Аслияб пикру жидерго раг1абаздалъун загьир гьаби. Щвараб лъаялъе къимат кьей. 1 Гьум. 181-186 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 28. Къвалул хоро. Рахъухъирщ. Асаразул героязе характеристика кьей. Текст бут1абазде биххи. Асаразулъ ихдалил г1аламатал рихьизари, ихдалил т1абиг1аталъул сурат бахъи. Щвараб лъаялъе къимат лъей. 1 Гьум. 186-195 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 29. Меседил к1укьмахх. Гьайбатав инсан, г1ажаибав тохтур. Темаялда лъураб ц1аралъулгун лъай-хъвай гьаби. К1удиял асаразул х1асил жидерго раг1абаздалъун ц1идасан бицин. 1 Гьум. 197-203 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 30. Адабияталъул машгьурав зах1матчи. Узун-х1ажил х1акъалъулъ чанго раг1и. Рух1ияб ва материалияб маданияталъул, рукIарахъиналъул, зах1маталъул, хьвадач1вадиялъул, адабияталъул хаслъабазул, къаг1идабазул, г1адатазул, г1умру гьабулеб куцалъул х1акъалъулъ бицунел асарал. 1 Гьум. 204-210 Къокъаб х1асил бицине лъазабизе. 31. Исаак Ньютонги вехьги. Маг1арул росу. Вехьасулги к1удияв г1алимчиясулги г1акълабазул накъит. Маг1арул росдал бечелъабазул хаслъи ва к1вар 1 Гьум. 211-115 Хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. Кеч1 пасих1го ц1ализе лъазабизе. 32. Нилъер районал. 1 Гьум. 116-121 33. 34. Авар литературияб мац1ги, брлмац1ги, диалекталги. Шамил. Шамилиде. Дагъистаналъул мац1азул, халкъазул тарихалъул, эркенлъиялъе г1оло къеркьарал бах1арзазул (Шамилил, Гъазимух1амадил, Х1амзатил ва гь.ц.) биографиялъул Гъазимух1амад Хунзахъе богун х1акъалъулъ бицунел асарал. ин. Шамил имам асирлъуде ккей. Маг1арул халкъалъул мац1ал. 1 Гьум. 223-229 Хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. Куч1дул пасих1го ц1ализе лъазаризе. 1 Гьум. 229-235